Rukigat

Билал асх1аб

Rukigat
Билал асх1аб

34 Plays

20 Nov 2022

Расулуллагь хведал асх!абзабазул х!акъикъат бицине бажариларо. Берал г!одилаго рак! унтилаго ана г!емерисел рахъ-рахъалдехун. Билал асх!аб ана доб Шамалдехун хираб Мадина тун дове рик!к!аде. Цо сордоялъ Х!абиб макьилъ вихьана ,щай Билал дуца дун рехун танилан.Хех гьабун къокъана Мадинаялде хираб Равзаялде Х!абибасухъе . Билал асх!аб вач!ун вугин раг!идал ,г!алам бак!арана масжидалъубе. Х!асан Х!усеница гьесда гьарана , ах!е Билал асх!аб , дуца какилан. Цебего ах!улеб бук!араб куцалъ, Х!абибасул заман рак!алде щвезе. Билал асх!абас как ах!улеб буго ,т!олго г!алам гьелъухъ г!енеккун руго. Г!исинал лъималцин ч!ужуг!аданцин ,масжидал сверунцин рак!арун руго. Бичасул авараг рак!алдеги щун ,рак! бакъван лъугьана ,хирияв асх!аб. Ах!улеб бук!араб как лъуг!илалде , г!одун гьаракь ана гьесухъа борч!ун.Кьег!ер -г!и жубараб х!исаб лъугьана ,Мадиналда г!одун гьаркьал рахъана. Руччабазул г!оди ,лъималазул хъуй, Расулуллагь хвараб къо такрарлъана. Биччай Билал асх!аб какил цо гьаракь , доб цебе кииниги Мадинаялда. Цересел г!асраби рак!алдеги щун , щивав инсанасе, рак!ал ц!илъизе.

11 Comments

Leave a comment

2 years ago

😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎😎

👌👍🤟👍👌👍👍👌👌👍👍👌👍👍👍👌👌👌👌👍👍👍

2 years ago

Салам сестра! Красиво стелишь) а о чем трек?

You may also like